Есть стихотворение:КъункърабиДида ккола, рагъда, камурал васалКирго рукъун гьечIин, къанабакь лъечIин.Доба борхалъуда хъахIил зобаздаХъахIал къункърабазде сверун ратилин.Гьел иххаз хаселаз халатал саназНилъее салам кьун роржунел руго.Гьелъин нилъ пашманго, бутIрулги рорхун,Ралагьулел зодихъ щибаб нухалда.Боржун унеб буго къункърабазул тIел,Къукъа буго чIварал гьудулзабазул.Гьезул тIелалда гъоркь цо бакI бихьула —Дун вачIине гьаниб къачараб гурищ?Къо щвела борхатаб хъахIилаб зодихъХъахIаб къункъра лъугьун дунги паркъела.Гьелъул гьаркьидалъул ракьалда таралКиналго нуж, вацал, дица ахIила.Это стихотворение "Журавли"